Хамис къоялда Женеваялда байбихьана ираналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаязул цIияб раунд. КIигокъоялъулаб форумалда гIахьаллъулел руго цо рахъалъан ираналъул, цогидаб рахъалдаса Цолъарал Штатазул, Россиялъул, Франциялъул, Британиялъул, Китаялъул ва Германиялъул вакилзаби.
Ираналъул рахъалдаса кIалъа-басаязда кIудияв - къватIисел ишазул министр Жавад Зарифица лъазабуна, соназ халат бахъунеб Ираналдаги дунялалъул асар кIудияб анлъго пачалихъалдаги гьоркьоб бугеб дандечIеялъе ахир лъезе рес кьолеб нух рагьизе бегьулин гьел кIалъа-басаязин.
Халкъазда гьоркьосеб «анлъабилалъул» делегациялъул кIалъа-басазда нухмалъи гьабулеб буго Евроцолъиялъул къватIисел ишазул ва политикаялъул тIадегIанай комиссар Кэтрон Эштоница.