Лъиданиги бачIеб пачалихъалъул статус лъазабун хадуб бакIалъулал нухмалъиялъул идарабазде тIоцересел рищиял тIоритIана Косовоялда. Гьезда албанал гурелги гIахьаллъана бакIалъулал сербалги. Косовоялъул нухмалъиялъ тIоритIарал рищиязул рахъ кколеб буго гьединго Белградалъги.
Гьел рищиязул икъбал улкаялда бараб букIана гьезда бакIалъулал сербал гIахьаллъиялда. Косовялъул шималияб рахъалда ругел сербазул националистаз, белградалъул ахIиязде гIенеккичIого гIамал гьабулеб букIана гьаркьал кьеялъул бойкот гьабизе. Амма прогнозазде балагьичIого, бойкот гIуцIарал мурадалде щвечIо. Улкаялъул сербиялъул анклаваздаги гьаркьал кьезе рачIаразул къадар букIана кIудияб.