Оппозициялъул гIахьаллъи гьечIого «Женева – 2» абураб Сириялда конфликт рагIалде бахъинабиялъул масъалаби лъолеб ракълилаб конференция тIобитIизе гьечIин, лъазабуна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ва ГIарабазул улкабазул лигаялъул хасав вакил Лагьадар БрахIимица рузман къоялда Дамаскалде гьабураб щуго къоялъул визит рагIалде бахъинабулаго.
Сириялъул оппозициял къокъабазда гьоркьор бахIсал унел руго Россиялъги Цолъарал Штатазги рахъ кколеб конференциялда гIахьаллъиялда хурхун.
Сириялъул аслияб оппозицияб къуват – Миллияб коалициялъул планалда буго хадусеб анкьалда Туркиялда гьеб суал гьоркьоб лъурал консультацияби тIоритIизе.