Ссылки для упрощенного доступа

Америка-Пакистан: тlадегlанаб данделъи


Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шариф арбагI къоялда ХъахIаб Рокъов дандчIвана Америкаялъул президент Барак Обамагун. Шарифица гьарулеб букIана жиндир улкаялда тIасан америкаялъул пилотал тIад гьечIел аппаратазул роржен чIезе теян. Пакистаналъ абулеб буго гьел аэропланазул къурбаналлъун гIемерал гIадатиял гIадамал кколел ругин. Цадахъаб пресс-конференциялда Обамаца гьеб суалалъул цIар бахъун гьечIо ва абун буго жидеда гьоркьор ричIчIуларел суалал хутIун ругин.
КIиябго улкаялъул гьоркьорлъаби хун рукIана 2011 соналда Пакистаналъул территориялда, гьездаги лъазабичIого, Америкалъ хасаб операция тIобитIун хадуб. Гьелъул хIасилалда чIван вукIана «Аль-КъагIидаялъул» лидер Усама бин Ладен.
Обамал рагIабазда рекъон, ХъахIаб Рокъоб букIараб данделъиялда рахъаз къотIи гьабун буго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суалазулъ рекъонхIалтIи лъикIлъизабизе.
XS
SM
MD
LG