Минскалда байбихьана Евразиялъул экономикаялъул ТIадегIанаб Шураялъул данделъи.
Белоруссиялъул президент Александр Лукашенкоца лъазабуна жинцаги Россиялъулгун Казахстаналъул президентал- Владимир Путингун НурсултIан Назарбаевас гьанжеялде дандранин гьенир рорхизе ругел киналго абухъе суалалин. Цебе лъазабулеб букIана Лукашенкоца ва Путиница дандбазе бугин «Уралкалиялъул» гендиректор Владислав Баумгертнерида сверун бугеб ахIвал-хIалин. Гьев Минскалда рокъов жанив тIамун вуго. Москваялъ тIалаб гьабулеб буго гьев жидехъего кьезе. Гьесда гIунтIизабулеб буго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда боси абураб гIайиб.