Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун федералияб хъулухъалда ракIалда буго интернеталда бугеб информациялъул максималияб контроль гьабизе.
«Коммерсант» газетаялъ хъвалеб буго хасал хъулухъаз дандбанин Минкомсвязи идараялъул буюриялъул проект ва гьелда рекъон, 2014 соналъул 1 июлалдаса нахъе киналго интернет-провайдеразда тIадаб букIине бугин интернет-трафикалда хадуб хал кколеб, гьеб хъвалеб ва 12 сагIаталъгIаги гьеб цIунулеб аппаратура босизе.
Гьедин хасал хъулухъазухъе щвезе руго интенеталда ругезул телефоназул номералги, IP-адресалги, социалиял сайтазда ругезул баяналги, электрониял адресалги ва гьезул хважаинзаби ругеб бакIазул баяналги.
«Вымпелком» гIадал цо-цо провайдераз абулеб буго хасал хъулухъазда гьабизе ракIалда бугелъ Конституциялъ гарантия кьураб ва инсанасул хасаб гIумруялда хъвангутIизе бихьибазураб ихтияр хвезабулеб бугин.
МТСалъ, «Ростелекомалъ» «Яндексалъ», Google ва Mail.ru Groupалъ пресс-хъулухъаз инкар гьабун буго «Коммерсанталъул» макъалаялъе комментариял кьезе.