Расги нечечIого, гIадамалги жойиде гьаричIого къад къоялъ жидее бокьахъин гьарунин гьел рищиялин бицана «Эркенлъи» радиоялъе митинг тIобитIаразул цояв Ажуб ГIусмановас. Гьев ккола Кули мухъалъул бетIерлъуде вукIарав кандидатги.
Ажуб ГIусманов: «Рищиял тIоритIилалде церего нижер мухъалде Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзаби щун рукIана нижер мухъалде.
Гьел киналго рачIун рукIана диде данде вукIарав кандидат СагIид Сулеймановасе гьаркьал кьезе гIадамал тIамизе.
Лъай-хъваял хIалтIизарун, хIалтIудаса рахъилин абун хIинкъабги кьун гьез гIадамазда лъазабуна Сулейманов вищизе кколин абун.
Гьезул цонигияв халкъалъулгун дандчIвайги гьабун гьезда щайгIаги гьев кандидат вищизе кколеб, щиб тIокIлъи гьесул бугебали бичIчIизабизецин лъугьинчIо.
Киназго цо кIалдисангIадин абулеб букIана Дагъистаналъул президентас гьеб хъулухъалда СагIид Сулейманов вукIине кколин абулеб бугин, гьединлъидал щиб гьабунги рищиязда бергьенлъи гьесие щвезе бугилан.
Гьедин ккезеги ккана, тIаде валагьун Дагъистаналъул жанисел ишазул министр хисулев ИсмагIилов МухIамадгун, республикаялъул рищиязул идараялъул бетIер хисулев Багьавудин Гусаевгун Сулейновас ва гьесул сверухълъиялъ Вачи росдал рищиязул бутIаялда бюллетенал рехулеб къалиги бекун гьенире жанире къвал цIун бюллетенал рехана. Амма гьедин букIаниги рищиял къануналда рекъон тIоритIанинги лъазабуна»
Рищиязул хIасилал хIакъикъияллъун рикIкIунгейилан тIалаб гьабун Ажуб ГIусмановас къагътал хъван руго республикаялъул рищиязул идараялдеги, прокуратураялдеги, цIех-рехалъул комитеталдеги, амма гьезул цонигияз жаваб кьун гьечIо гьесие.
ЦохIо Кули мухъалъул диванханаялде гьес кьураб гIарзаялъул халгьаби букIине буго 23 октябралда.
КIалъазе рахъарал митингалъул гIахьалчагIаз бицана чанги рищиязул бутIабазда полициялъул хIалтIухъаби ва рищиязда хадуб халккун рукIунел хасал чагIи гьениса къватIире гъунин СагIид Сулеймановасул сверухълъиялдаса гIадамазилан.
Амма лъицаниги гьезие гIадлу гьабичIилан. Гьезул киназго абулеб букIана Сулеймановасда мун жидеда чIалгIун вугин, гьадингоги мискинаб район дуца дагьабги накалтIе ккезабунин, гьединлъидал гIадамаз рахъкколев, гIолохъанав, хIалтIизе гъира бугев чи виччайин Кули мухъалъул бетIерлъудейилан. Гурони жал гIодоре риччазе гьечIилан.
Рищияздаса рази гьечIез митинг тIобитIизегIан чанги гьезде данде чIеялъул тадбирал тIоритIун рукIун руго, гьезул чангиял рагъ-кьалалдеги руссине бегьулаанини бицана Эркенлъи радиоялъе митинг гIуцааразул цояв цеве Россиялъул Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул бетIерлъун вукIарав Амучи Амутиновас.
Амучи Амутинов: «Районалда бугеб захIматаб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIалалъ гъоркьгоги ццин бахъун ругел гIадамал, гьанже гьал рищияздаги гьезда тIасан тIад малги чIун тIалъиялъ жидеего бокьараб гьабигун кутакалда ццин бахъун руго. Гьелъул хIасиллъун лъугьана жакъа гьаб митингги.
Гьалде щвезегIанги мухъалъул администрация щущахъ биххизабизе инехъин рукIана ццин бахъарал гIадамал, хIалихъе маслихIатги гьабун нахъе рачана, гьел рищиял тIоритIараб куцалде данде чIун жидеца лъимал школалде хьвадизе риччаларин лъазабун цо-цояз.
Гьелда тIадеги 23 сентябралда Вачи росулъ букIараб халкъияб данделъиялда гIадамаз лъазабуна гьадигIан жидер ургъелги гьечIеб, жидер рагIиги билълъунареб бакIалда рукIинчIого жидее Дагъистаналда гьоркьоса нахъеги ун Ставрополь мухъалъул анклавлъун рукIине бокьилилан.
Гьелъул рахъ ккурав 800 чиясул гъулбасцин бакIарун букIана. Гьелде ккезабун буго халкъ»
Жидеда нахъе къазе ракIалда гьечIин, тIалъиялъ жал рикIкIунел ратичIони рикIкIине тIамизе ругин лъазабуна кIалъазе вахъарав Кули мухъалдаса Жамал ГIалиевас.
Жамал ГIалиев: «Ахираб чанго анцIго соналъ цохIого-цо халкъалъе сиясаталъулъ хиса-басиял лъугьинаризе дагьабниги рес кьолаан рищияз, амма гьанже гьебги кьурун кодоса бахъулеб буго гIадамазухъа.
Нужеда кидаго гьеб зулмуги хIехьон рукIинин нижилан кколеб батани нуж кутакалда мекъи руго, нужеца халкъ балъаргъунге.
ЦоцIул махсародегогIадин нижер халкъалъ Дагъистаналъул хъахIаб рукъ бахъун букIана, гьанже унго-унголъун гьеб бахъизе тIамуге ниж»
КIинусидаса цIикIкIун чи вакIарарав гьеб митингалде кулиялъулазул рахъ ккун рачIун рукIана Ахты, Казбег, Хайдахъ, Лак, ЦIияблак, Дахадаев мухъалъул вакилзабиги.
Кулиялъулазул рахъ ккун гьеб тадбиралда гIахьаллъарав Казбек мухъалъул коррупциялде дандечIараб идараялъул бетIер Гъайирби Гъайирбиевас абуна жакъа жив кулиялъулазда бахиллъун вугилан.
Гьадин жидерго ихтиярал цIуниялъе цойгидалги къватIире рахъун рукIаралани гьаб хIалалде кколароанин республикаайилан.
Митингалъул гIахьалчагIаз къабул гьабураб резолюциялда гьез Россиялъул президент Владимир Путинидаса тIалаб гьабулеб буго Кули мухъалъул бетIерасул рищиязул хIасилал хIакъикъиял гурин чIезарейин ва гьеб ишалъул халгьабизе тIамейин Россиялъул ЦIех-рехалъул комитет ва Генералияб прокуратура.