Москваялъул Бирюлево Западное мухъалда ццидахарал гΙадамазул къокъаялъ бухΙун буго «Бирюза» абураб дармил центр. Гьеб къокъаялда гъорлъ рагΙула аслияб къагΙидаялда футболалъул фанатал. Гьез гьединго вухун вуго къватΙисан вачΙарав кΙиго чи.
Гьелда цебе бакΙалъулав чи чΙваялъе гΙоло Бирюлевоялда гΙумру гьабулез тΙалаб гьабуна муниципалияб гΙуцΙиялъул ва мухъалъул полициялъул бутΙрул хъулухъаздаса нахъе ин. Гьез гьединго тΙалаб гьабун буго аслияб къагΙидаялда мигрантал хΙалтΙулеб тΙощалил база къай.
Москваялъул жанисел ишазул идараялъ цо миллион гъурущ сайгъат лъазабун буго, бакΙалъулав чΙварав чи ватиялъе кумек гьабулеб информациялъухъ.
ЦΙех-рехалъул комитеталъул лъазабиялда рекъон, 10 октябралъул сардикь гΙолохъанав васги гьесул ясги руссунел рукΙун руго рукъуре. Рукъалъул кΙалтΙа щивали лъаларев чиясулгун ккараб конфликталда гьесда нус кьабун буго. Гьев хун вуго гьеб бакΙалдаго. ТΙадекΙанцΙарав лъутун вуго.