2012соналъул 6 маялда Болотная майданалда низам хвезабиялъул ва нухмалъиялъул вакиласде данде къуват хΙалтΙизабиялъул гΙайиб Михаил Косенкода букΙин тасдикъ гьабуна талат къоялда Москваялъул диваналъ. Цеве гьев унтаравлъун вихьизавун вукΙиналда бан, гьесие бихьизабун буго психиатрияб азарханаялда хΙал гьабун сах гьави.
Лъазабиязда рекъон, гьесул рагΙуна шизофрениялъул тохаб тайпа. Михаил Косенкодаса гΙунтΙзарулел гΙайибал нахъе рахъеян ва гьев сах гьавизе витΙеян россиялъул нухмалъиялде хитΙаб гьабун букΙана абун Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъ.