Ссылки для упрощенного доступа

Лъазаруна Нобелил премиялъул лауреатал


Медицинаялъул рахъалдаса Нобелил премиялъул лауреаталлъун лъазаруна американиял Джеймс Ротман, Рэнди Шекман ва немцав Томас Зюдхоф. Швециялъул Каролиналъул институталъул Нобелил комитеталъул вакилас лъазабухъе, гьезие гьеб шапакъат кьолеб буго клеткабаз цоцаде гьабулеб асаралъул цΙех-рехалда щварал икъбалазухъ.

Ротман хΙалтΙулев вуго Йелалъул, Шекман – Калифориниялъул Берклиялда бугеб ва Зюдхоф – Стэнфордалъул университетазда.

Лауреатазда гьоркьоб бикьизе буго миллионгун 200 азарго доллар.

Нобелила премиялъул анкь байбихьана итни къоялда. Аслияб Нобелил премия – рекъел щулалъизабиялъул хΙалтΙухъ - кьезе буго рузман къоялда Ослоялда.
XS
SM
MD
LG