Ссылки для упрощенного доступа

Януковичасда гьарулеб буго Тимошенкода тlаса лъугьаян


Польшаялъул вукIарав президент Александра Квасьневскияс ва Европарламенталъул экс-нухмалъулев Пэт Коксица хитIаб гьабуна Украиналъул президентасухъе Юлия Тимошенкода тIаса лъугьаян.
«Пента» абулеб политикиял цIех-рехазул Централъул директор Владимир Фесенкол рагIабазда рекъон, гьединаб хитIабалдалъун Квасьневскияс ва Коксица Виктор Януковичасе бищунго бигьаяб сценарий ургъулеб буго. Фесенкоца абухъе, тIоцебесеб гали гьабизе рес буго 21 октябрь щвелалде ай Евроцолъиялъул министразул Шураялъул данделъи байбихьилалде ва хадуб Вильнюсалъул саммиталде хIасилаб хIакму гьабизе буго, яги гьеб суалалда хурхун кинаб букIаниги хIукму гьабизецин гьечIо. Януковичасул хIукму кIиго анкьил болжалалда лъазе бугин рикIкIунеб буго политологас.
Хамиз къоялда Квасьневский ва Кокс щун рукIана Тимошенкохъе Харьковалда бугеб туснахъалъуре. Тимошенкол адвокат Сергей Власенкоца журналистазда лъазабуна Тимошенко хIадурай йигин Алманиялда дару гьабизе инейин ва гьелда ракIалда гьечIин гьений йикIаго политикияб лъутизе бакI гьаризейин.
XS
SM
MD
LG