Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Муница жиндирго гIагали загьир гьабуна Мисралда протесталъул акциял халат рахъунел рукIиналда ва гьездаго гьоркьоб Каиралда ккараб бидулаб тунка-гIусиялдаги. Пан Ги Муница кIвар буссинабулеб букIана зулмуялде сверичIел ракълилал протесталъул акциял цIакъ кIвар кIудияб хIаракатчилъи букIиналде.
Рузман къоялда Каиралда чIван вукIана ункъго чи, цоги шагьаразда полициялъулгун тунка-гIусиязда лъукъун вукIана анцI-анцI чи. Протесталъул акциязде рахъун рукIана 3 июлалда хъулухъалдаса рехарав МухIамад Мурсил рахъ кколел. Гьебго рузман къоялда Мисралъул армиялъул кIиго солдат чIван вукIана Каиралде гъоркьехун автоколоннаялде яргъидгIуцIараз гьужум гьабураб мехалда.