Пакистаналъул шималиябгун-магърибияб рахъалда живго чIвалес автомашина кьвагьизабиялъул хIасилалда хун вуго 15 ва лъукъун вуго 6 чи.
БакIалъул нухмалъиялъ лъазабухъе, кьвагьи гьабун буго авлахъалъул командир Наби Ханфи чIвазелъун. Гьес гIуцIун рагIула тIалибалгун къеркьезе гIадатиял гIадамаздасан къукъа.
Гьединго лъазабулеб буго, цин Ханфил базаялдеги кьвагьун хадуб гьеб бакIалде ун вугин кьвагьи гьабизе живго чIвалевин. Гьеб заманаялда Ханфи гьенив вукIун гьечIо. Associated Pressалъул баяназда рекъон, гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIалибаз тIаде босун буго.