Ссылки для упрощенного доступа

Нетаньягьу: «РухIанил калам буго кIигьумерлъи»


ГIизраилалъул премьер-министр Беньямин Нетаньягьуца гьатIан къоялъ Цолъарал Штатазде сапар бухьана.

Гьесул хиял буго Америкалъул тIадтарал божизаризе Ираналъул цIивищарав президент ХIасан РухIаница Ираналъул политика хисизе гьечIолъиялда.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъул данделъиялда ГIизраилалъул премьер-министрас РухIанил каламалда абуна гьеб кIигьумерлъи бугин.

РакIалде швезабизин, ХIасан РухIаница абуна, Ираналъул хиял гьечIин атомияб ярагъ гьабизе ва гьелъие дунялалъул политикаялда бакIги гьечIин.

Итни къоялъ Нетаньягу данделъизехъин вуго Америкалъул президент Барак Обамагун.
XS
SM
MD
LG