Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал цо-цо суратал. Цlиккун суратал ралагье гьанир: "Picture This" archive.
Анкьил тIаса ришарал суратал
1
Красноярскалда ккурав Централияб Азиялдаса иммигрант.
2
Алеппо шагьаралъул СалахIедин абураб мухъалда сириялъул оппозициялъул рахъ ккуразул тIубанго руччабаздаса гIуцIараб "Эбел ГIайишатин" абураб къокъа ругьун гьабулеб буго рагъул махшелалде.
3
Будапешталда тIоритIарал гугариялъул къецазда 55 килограммалъул Россиялъул гугарухъан Валерия Коблова (квагIиса) бергьана Украиналдаса Ирина Гьусякидаса.
4
Ялу гIор бахун доб рахъалда бугеб китаялъул Даньдун шагьаралде дандехун бугеб Синыйлджуялда посталда Шималия Кореялъул солдатал хъаравуллъиялда.
5
Тегеран. Ираналъул адвокат Насрин Сотовдегь жиндирго вас Нимагун.
6
Сирия. Маалула шагьаралда снайперасул гуллабаздаса хвасарлъулаго гIодов речIарав France-presse агентлъиялъул журналист Сэмми Кетс ва сириялъул солдат.
7
Дамаскалъул къватIазда.
8
Россиялъул гIорхъаби цIунулезул офицерас таманча битIизабун буго Гринпис гIуцIиялъул хIаракатчиясде экологаз Газпромалъул платформаялда аскIоб акция тIобитIизе хIалбихьулеб мехалда.
9
Афгъанистан. Кабулалъул миллияб олимпияб стадион. Гераталдаса руччабазул баскетболалъул командаялъул спортсменаз рахъ ккун буго Кабулалъул командагун кIец балеб жидерго командаялъул гIахьалчагIазул.