Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналда губернатор лъутун вуго талибазухъе


Афгъанистаналъул нухмалъиялъ тасдикъ гьабуна талибазул рахъалде кΙудияв хъулухъчи лъутΙун вугин, абураб информация.

Афгъанистаналъул цо тайпаялъул лидерлъун кколев Гъази ГΙабдул Хай 2004 - 2008 соназда вукΙун вуго Афгъанистаналъул парламенталъул сенаторлъун. Хадув гьев вахъун вуго Сари-Пул абураб шималияб провинцияялъул губернаторлъун.

2002 соналда талибазул режим тΙаса рехаралдаса нахъе гьезул рахъалде лъутарав бищунго кΙудияб хъулухъалъул чи кколев вуго гьев. Талибаз афгъанистаналъул хъулухъчагΙи ахΙулел руго, гьез абухъего, «къватΙисел улкабазул оккупантазде» данде къеркьеялде.

Гъази ГΙабдул Хай жидехъе вачΙин кколин жидер пропагандаялъул кампаниялъул икъбалин, лъазабулеб буго гьез.

ХΙинкъигьечΙолъи чΙезабиялъул халкъазда гьоркьосел къуватал Афгъанистаналдаса тΙуранго нахъе ине руго 20Ι4 соналде. Исана улкаялда тΙоритΙизе планалда руго парламенталъул рищиял.
XS
SM
MD
LG