2013 соналъул микьабилеб сентябралда 90 сон тIубана дунялалдаго машгьурав магIарулазул шагIир Расул ХIамзатов гьавуралдаса. Гьесул бечедаб ва магIна гъваридаб рухIияб ирсалда гьоркьоб хасаб бакI ккола «ХъахIал къункъраби» абураб асаралъ. Кибго машгьураб кечI лъугьана гьелъул. БатIи-батIиял пачалихъазда гьеб кочIолъа къункърабазе мемориалал ран руго. Гьединаб мемориал рагьана Лос-Анжделесалдаги. Исанасеб юбилей гIатIидго ва гьарзаго тIобитIана Дагъистаналда. РачIун рукIана Турциялдаса, Вьетнамалдаса, Алжиралдаса, Египеталдаса, Белоруссиялдаса, Армениялдаса, Тажикистаналдаса хъвадарухъаби, ХIамзатовасул таржамачагIи. Суратал Нурчазул Ахилчил
ХIамзатил Расул гьавуралдаса 90 сон

1
ЦIада росулъ "ХъахIал къункърабазе" рагьараб мемориал.

2
Расул ХIамзатовасул юбилеялде бакIарараб гIалам. Хунзахъ мухъ, ЦIада росу.

3
Багъдадалдаса таржамачи ХIасан Дия Алдинил пикру ккана ГIиракъалда Расул ХIамзатовасе мемориал рагьизе.

4
Рамазан ГIабдулатIиповас ва шагIирасул яс СалихIат ХIамзатовалъ Расул ХIамзатовасул рухIалъе къулгьу цIалулеб буго.

5
Чачан республикаялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница телефоналдасан цIалулеб буго ХIамзатил Расулил кечI

6
XX гIасруялъул бищун машгьурал шагIирзабазул цояв кколин Расул ХIамзатовилан абуна Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас.

7
Кьурдиялдалъун бихьизабулеб рагъги рекъелги.

8
Татарстаналъул Пачалихъияб Мажлисалъул мустахIикъав нухмалъулев Фарид Мухаметшиница Кавказалъе рекъел гьарана.

9
(квегlиса квараниде) Удмуртиялъул президент Александр Волков, Чачанлъиялъул президент Рамзан Къадиров, Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIипов, Шималияб Осетиялъул экс-президент Александр Дзасохов, Татарстаналъул Пачалихъияб Мажлисалъул мустахIикъав нухмалъулев Фарид Мухаметшин

10
Вьетнамалдаса хъвадарухъан Хуанг Тхи Туаница абуна МахIачхъалаялда низам цIунулел гIемер ругилан.