Ссылки для упрощенного доступа

HRW: Россиялда сакъатазе бигьалъаби гьечlо


Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Human Rights Watch абулеб халкъазда гьоркьосеб идараялъ къватIибе кьун буго Россиялда инвалидал ругеб куцалъул бицараб доклад. Гьез мугъчIвай гьабулеб буго Россиялъул анлъго шагьаралда 123 сакъатав чигун ва гьезул хъизаназдаса гIадамалгун гьабураб интервьюялда.
Докладалда бицен гьабулеб буго сакъатал гIадамазда щибаб къойил дандчIвалел захIмалъабазул. ЖамгIияб транспорталда гьезие гьечIел бигьалъабазул, пачалихъиял идарабазде, тукабазде ва хIатта поликлиникаяздецин гьечIел нухазул. Официалиял баяназда рекъон, Россиялда вуго 13 миллионалде гIунтIун сакъатав чи, гьеб кколеб буго гIага-шагарго халкъалъул 9 процент.
XS
SM
MD
LG