Россиялъул РикIкIадаб Машрикъалда рукIарал лъинал кIанцIияз зарал гьабун буго 100 азаргоялдаса цIикIкIун чиясе, эвакуация гьабун буго 15 азарго чиясе, заманалъ бихьизабураб бакIалда гIумру гьабун буго кIиазарго чияс. Гьедин лъазабуна гьеб регионалда президентасул хасав вакил
Юрий Трутневас. Гьесулго рагIабазда рекъон, риххун руго нухалги тIутIун руго электроэнергия кьолел кваралги.
Трутневас абуна Амур гIор 900-гIан сантиметраялъ борхалъун бугин. Амуралда бугеб Комсомольск шагьаралда лъеца гъанкъизабун буго 700 рукъ ва щибаб къойил гьениса гIадамал нахъе гочинарулел руго. Хабаровскаялъул мухъалда лъим гIодобе кколеб буго.