ГьатΙан къоялда республикаялъул парламенталъул сессиялда депутатаз гьаркьал кьун Дагъситаналъул нухмалъулевлъун вищана ГΙабдулатΙипов Рамазан. Гьесие 88ялдаса гърлъан кьун буго 86 гьаракь. Лъазабиязда рекъон, кΙиго гьаракь щун рагΙула республикаялъул омбудсмен Уммупазиль ГΙумаровалъе. Лъабабилеб кандидатлъун гьеб хъулухъалде вукΙана республикаялъул социалияб цебетΙеялъул министр Малик Баглиев.