БатΙи-батΙиял рахъаздасан щвараб информациялъ сириялъул нухмалъиялъ химикияб ярагъ хΙалтΙизабун букΙин бихьизабулеб букΙиналда разилъулеб буго Евроцолъиялъул къоломикьабго улка.
Шамат къоялда Вильнюсалда гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Евроцолъиялъул къватΙисел ишазул министразул Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрилгун рукΙарал кΙалъа-басаязда хадуб евроцолъиялъул къватΙисеб политикаялъул тΙадегΙанай вакиль Кэтрин Эштоница.
Гьелъ абуна, Евроцолъи Сириялъ гьабураб гьединаб такъсир кΙвар кьечΙого тезе бегьуларин. Амма европаялъул улкабазда гьоркьоб Башар Асадил режималде данде къуват хΙалтΙизабиялда хурхун гьечΙо гΙаммаб пикру.
Евроцолъиялъул чанго улкаялда ракΙалда буго жидерго хΙукму гьабизе Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул инспектораз Дамаскалъул рагΙаллъуда 2Ι августалда гьабураб химикияб атакаялда хурхун унеб цΙех-рехалъул хΙасилал загьир гьарун хадуб.