Евроцолъиялъул хъулухъчагΙаз Армениялда лъазабуна, Россиялъ нухмалъулеб Беларусгун Казахстан гъорлъе унеб таможенияб цолъиялде Армения гъорлъе лъугьунеб бугони, гьелъ квал-квал гьабизе бугин Ереваналъул Евроцолъиялде интеграциялъейин.
Гьанже Евроцолъиялъул нухмалъуда бугеб Литваялъул къватΙисел ишазул министр Линас Линкевичусица лъазабуна, Армениялда бажаруларин цого заманалда гьеб цолъиялдаги Евроцолъиялдаги гъорлъ букΙинеян.
Талат къоялда россиялъул президент Владимир Путинилгун рукΙарал кΙалъа-басаязда хадуб армениялъул президент Серж Саркисяница лъазабун букΙана Армения гьеб таможенияб цолъиялде гъорлъе лъугьине бегьулин.