Талат къоялъул радал Каиралда жанив тIамун вуго «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул лидер МухIамад Бади. Гьеб идараялъул цоги церехъабазда цадахъго июлалда гьесда гIунтIизабун букIана гIадлу биххиязде халкъ гьуси абураб гIайиб.
Хъулухъалдаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ кколел «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул жигарал хIаракатчагIазде данде гьанжесеб нухмалъиял тIобитIулеб кIудияб операциялъул бутIалъун ккола Бади жанив тIамиги.
Итни къоялда Мисралъул прокурорас Мурсида гIунтIизабуна гIадлу биххиязде халкъ гьуси абураб иргадулаб гIайиб.
Гьебго заманаялда Мисралъул президентлъун 30 соналъ (1981-2011сс) вукIарав Хосни Мубаракида гIунтIизарулел рукIарал коррупциялъул гIайибал нахъе рахъун руго. Мубарак хъулухъалдаса ун вукIана 2011 соналъул февралалда халкъалъул манифестацияздаса хадуб.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница итни къоялда Мисралъул тIалъи ахIана Мурси эркен гьавизе.