Ссылки для упрощенного доступа

«Вацал-бусурбаби» гьукъизехъин руго


Рузман къоялъ Мисралда тIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва хIинкъи гьечIолъи цIунулезда гьоркьоб батIи-батIиял шагьаразда рагъарарал цIиял тунка-гIуссиязул хIасилалда ахирисел баяназда рекъон жеги 170 чи чIван вуго.

ГIаммаб къадаралда ахирисеб лъабго къоялда жаниб чIван вуго 800 чи. Гьадин лъазабулеб буго Мисралъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъги. Лъукун вуго 1300 чи.

Франс-пресс агентлъиялъул баяналда рекъон ккун вуго «Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъул азаргогIан гIахьалчи.

Багъа-бачариялъ лъазабуна жиндир цевехъан МухIамад Бадил вас Аммар чIван вугин шамат къоялъ багъарараб кьалда.

Рузман къоялъул сардилъ рехсараб гIуцIиялъул нус-нусгояв вахчун чIун вукIана Каиралъул Аль-ФатехI абулеб мажгиталда жаниб.

Гьезда ва низам цIунулезда гьоркьорб кьвагьа-гIанхъи бахъана.

Мисралъул премьер-министрас цебе лъуна суал, «Вацал-бусурбаби» абулеб гIуцIиялъул хIаракатчилъи къануналдалъун гьукъизе.
XS
SM
MD
LG