Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи гьечIолъи цIунулеб Шураялъул инспекторал кватIичIого Сириялде рачIине руго конфликталъул кIиябго рахъалъ химикияб ярагъ хIалтIизабулеб бугищ-гьечIищали абулеб суалалъе жаваб бати мурадалда.
Гьадин лъазабуна ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Мунил вакилас ва тIаде жубана, Сириялъул хIукуматалъ къабул гьарун ругин экспертаз цере лъурал шартIал. Инспекторал гьенир хIалтIизе руго бищун дагь босун кIиго анкьида жаниб.
Химикияб ярагъ билълъанхъизабиялъул гIайиб КIудияб Британиялъ, Франциялъ ва Цолъарал Штатаз гIунтIизабулеб буго Башар Асадил аскариязде. Сириялъул тIадтараз гьеб нахъ чIван, жиндир иргаялда оппозициялъул къуватазда чIвалеб буго рехсараб гIайиб.