Ссылки для упрощенного доступа

Лезгиязул хIаракатчагIи нахъеги зигардулел руго


Саркаров Амиль: "Дир вацасде азербайджаналде данде хIалтIи гьабулеб бугин абураб гIайиб гIунтIизабун бугин абулеб буго".
Саркаров Амиль: "Дир вацасде азербайджаналде данде хIалтIи гьабулеб бугин абураб гIайиб гIунтIизабун бугин абулеб буго".

КIиго анкьида жаниб Азербайджаналъул къуваталъул идарабаз ккун вуго Лезгиязул Культурияб Автономиялъул нухмалъулезул лъабго гIагарав чи. Гьел кквеялъе гIиллалъун жидер идараялъ гьабулеб хIалтIи бугилан рикIкIунеб буго автономиялъул вакилзабаз.

58 сон барав Эльдар Мамедов 28 июлалда Огузе росулъ щалали лъаларел чагIаз ккун вачун ун вуго.

Гьебго къоялъ Бакуялде Азербайджаналъул жанисел ишазул наркотиказде данде къеркьолеб идараялде вачун вуго гьев.

Мамедов ккола Лезгиязул культурияб автономиялъул нухмалъулев ГIариф Керимовасул лъадул вац.

Гьевго Керимовасул яцалъул вас 36 сон барав Джавид Бабаев ккун вуго Бакуялда 6 августалда.

Жиндирго гIагарлъиялъухъе гьоболлъухъ вачIарав гьесда аскIоре рачIун руго щалали лъаларев 4 чи ва хъачIго лъазабун буго жидеда цадахъ къуватазул идараялде вилълъине кколин мунилан.

Бабаевас нуж щалин, нужер документал рихьизарейин абидал кумекалъе дагьалги гIадамалги ахIун гьез вачун ун вуго Джавид.

9 августалда эбелгун цадахъ жиндирго инсул хабаде вахине вачIарав Саркаров Тариэл, ккун вуго Гъабала мухъалъул Камерван росулъ. Лезгиязул культурияб автономиялъул исполкомалъул нухмалъулев Саркаров Амилил вац ккола гьев Тариэл.

Саркаров Амилица Эркенлъи радиоялъе бицана лъабавго гьев чи кквеялъе гIилла бугила гьезул гIагарлъи лезгиязул автономиялда гъорлъ рукIин.

Ургъунго жидее квешезе ккун ругин гьел Азербайджаналъул къуваталъул идарабазилан.

Саркаров Амиль: «Дир вацасде азербайджаналде данде хIалтIи гьабулеб бугин абураб гIайиб гIунтIизабун бугин абулеб буго.

МухIканго гьеб щибниги лъаларо щай гурелъул нижеда я Эльдар, я Тариэл, яги Джавид кир ругелалицин лъаларо.

Гьезул цонигиязулгун бухьен гьабун бажарулеб гьечIо. Нижерго лъай-хъваяздасан гьанисан дорасан щварал баяназда рекъон гьел лъабалго туснахъ гьарун руго.

Эльдар Мамаевасде наркотикал ричулел ругин абун гIайиб гIунтIизабизехъин букIинги лъана нижеда.

Гьесухъе жалго азербайджаналъул низам цIунулез наркотикал реххизе къасд гьабун буго. Гьеб гьезул ругьунаб иш буго.

Дагьалниги жидеего данде кколарелщинал чагIазухъе наркотикалги реххун гьел гIадамал тагIинарула азербайджаналъул къуваталъул идарабаз.

Къануналъул гьеб бутIаялда рекъон тамихIалде цIаразда гьоркьор гIемерисел ратула Азербайджаналъул тIалъиялъе данде кколарел чагIи.

Гьел данде кколарезул сияхIалда гьоркьоре нижги инарищха, нижее гIадлу гьабун бажаричIелъул нижер гIагаразе гIазаб кьунги теларин абун гьабураб иш буго гьеб.

Гурони кинха бичIчIилеб къокъаб заманалда жаниб лъабго нижер гIагарав ккун ин. Цоясул бизнес бахъизе къваригIун ккун вугин гьевин абизе бегьилаан, амма цойгидал кIиялго ккураб мехалда нижеда кинабго бичIчIана.

Азербайджаналъ гьел лезгиязул культурияб автономиялда гъорлъ гIагарал рукIиналъ туснахъ гьарун рукIин бихьулеб буго»

Саркаровас бицухъе Азербайджаналъ гьел лъабгоял кквеялда хурхун киналниги баянал кьолел гьечIо. Россиялъул нухмалъиялдаги гьел ккун ругинцин лъабазун гьечIо Азербайджаналъ.

Гьединлъидал жидеца халкъазда гьоркьосеб ахIи-хIур бахъинабизе бугила гьал гIагарал къоязда гьел туснахъ гьарурал къватIире риччачIониян лъазабулеб буго лезгиязул культурияб автономиялъ.

Саркаров Амиль: «Нижеца Россиялъулги, Дагъистаналъулги тIалъияде ритIизе кагътал хIадурун руго. Гьениб нижеца тIалаб гьабулеб буго нижер гIагарал чагIи рукIин гуреб тIокIаб гIайиб тIад гьечIел россиялъул гражданал азербайджаналъул туснахъалъуса эркен гьареян лъазабейин Азербайджаналдайилан.

Гурони кидаллъагIанха гьезул зулму хIехьелеб.

Зулмуйилан гурони батIияб цIар чIван бажаруларо гьез лезгияздаги, магIарулаздаги сверун гьаниб гьабулеб бугеб политикаялда.

Нилъер гIадамазе хIухьел цIазе толеб гьечIо гьез. Гьенибищ гьез нилъеразе рахIат толеб гьаб ахираб заманалда Россиялда ругел Азербайджаналъул къуватал финансазул системаялъул вакилзабазда лъазабун буго Бакуялъ лезгиязе хIалтIизе квалквалал гьарейилан.

ЦIар-цIар ккун абиларо, амма гьединал хIужжабги гIезегIан гIемер руго.

Нилъер пачалихъалдаги жидерго политика билълъинабизе къаригIун руго гьел. Гьединлъидал нижеца ккани халкъалда гьоркьосеб ахIи-хIур бахъинабизе буго. Халкъалда гьоркьосел инсанасул ихтиярал цIунулел идарабаздаса кумекги тIалаб гьабизе буго»

Ахирал саназ Азербайджаналъ гьениб гIумру гьабун ругел дагъистаниязда хурхун гьабулеб политика какун, гьелде данде батIи-батIиял тадбирал тIоритIана лезгиязул культурияб автономиялъ.

Гьезул аслияблъун рикIкIине бегьула исана июль моцIалда Дагъистаналда ва Москваялда Дербенталъул Советская къватIалъе ХIайдар ГIалиевасул цIар кьеялде данде чIарал тадбирал.
XS
SM
MD
LG