Ссылки для упрощенного доступа

Зимбабвеялъул тIадтараз нахъ чIвана «Таймс» газетаялъул лъазаби


Зимбабвеялъул тIадтараз нахъ чIвана жидеца Ираналъе ураналъул ганчIал кьеялда хурхун Тегераналъулгун балъгояб къотIиялда гъоркь гъулбасал лъун ругин абураб КIудияб Британиялъул прессалъ загьирабураб информация.

«Таймс» газетаялъ гьадинаб хабар тIибитIизабуна Британиялъул мугIрул майданазул индустриялъул цо хIалтIухъанасул баяналда мугъ чIвай гьабун.

Дос абулеб букIана жинда гьадинаб къотIи бихьанин.

Ираналъул вукIарав президент МахIмуд АхIмадинежадица 20I0 соналда Зимбабвеялде сапар бухьараб мехалъ гьеб улдкаялъул президент Роберт Мугабеца ираналъул атомияб программаялъе жиндирго квербакъи загьирабун букIанин.
XS
SM
MD
LG