Ссылки для упрощенного доступа

Мигрантазул мархьиялда гIадамазе медицинияб кумек къваригIула


Москваялда аскIоб бугеб Гольяново абулеб бакIалда гIуцIараб къануналде данде кколарел мигрантазул мархьиялда къогоIан чи гьорол унтиялъ унтун вуго, цоязул аллергия баккун буго ян лъазабуна «Интерфакс» агентлъиялде Россиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул суалазул рахъалъан ихтиярал кодосев Владимир Лукиница.

Гъозие хехаб медицинияб кумек хIажатаб буго ян тIадеги жубана гьес. Рехсараб мархьиялда гIемерал цогидал проблемабиги ругин рукIа-рахъиналда хурхарал.

ГьабсагIат доба чIей гьабулеб буго гIага-шагарго 600 чи.. Гьездаса 560-яв ккола Вьетнамалдаса рачIарал.


Омбудсменил пикруялда гьединаб мархьи гIуцIиялдалъун аслияб проблема тIубазабизе рес гьечIин.

Миграциялъул масъала тIубазабизелъун къваригIунел ругин цогидал тадбирал.
XS
SM
MD
LG