80 соналъ цебе бахъун букIана ХъахIаб ралъдахъа Балтиялъул ралъдахъе швезегIан гуми хьвадулеб«Беломорканал» абулеб татавул. Гьеб рагьиялъул тадбир тIобитIана 1933 соналъул 2 августалда. «Беломорканал» бан букIана ГУЛАГ-алъул лагъзаз. Аза-азар чи гIумруялдаса ватIалъана гьеб захIматаб хIалтIул хIасилалда. (Фотохроника ТАСС. Семена Майстерманица рахъарал суратал)
Россиялъ кIодо гьабулеб буго «Беломорканал» баялдаса 80 сон тIубай.

1
227 километралъул манзил бугеб «Беломорканал» бан букIана къого моцIалда жаниб.

2
ГУЛАГ-алъул гIага-шагарго 100 000 туснахъав хIалтIана гьенив.

3

4
ИгIланазул цояб

5
«Беломорканал» мархьиялда гIумруялдаса ватIалъана 25 0000-гIан чи.

6
РукIана гьенир гIемерал руччабиги.1932 сон.

7
ГIадамазда нахъа бугеб игIланалда тIад хъван буго гьадин: «Совет Союзалда захIмалъи ккола къадруги, бажари-гьунарги машгьурлъиги, бахIарчилъиги».

8
«Беломорканал» рикIкIулаан Сталинил тIоцебесеб пятилеткаялъул тIоцебесеб икъбаллъун.

9

10
1932 соналда Ленинградалда гьаризе байбихьана «Беломорканал» абулеб папиросал