Мисралъул тIаса рехарав президент МухIамад Мурсил аза-азар дандияс улкаялъул аскаралъул бутIрузе хIалае «терроризмалде ва зулмуялде» данде протесталъул акция байбихьана рузман къоялъ Каиралъул Тахрир абулеб майданалда.
Гъозул хиял буго гьединал протестал тIолго улкаялда тIоритIизе МухIамад Мурсие квербакъулеб «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъ жиндирго демонстрациял тIоритIулеб мехалда.
Шамат къоялъул радал Каиралда МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва гьезул дандиязда гьоркьоб багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда ахирисел лъазабиязда рекъон нусгогIан чи чIван вуго, азаргоялдаса цIикIкIарав лъукъун вуго.
Гьадинаб баян гьабулеб буго Би-Би-Си агентлъиялъ. «Аль-Жазира» абулеб телеканалалъ кьураб баяналда рекъон I20 чи чIван ва ункъазаргогIан лъукъун вуго.