Россиялъул оппозиционияв активист Алексей Навальныясул адвокатазда ракIалда буго хамиз къоялъ диваналъ гьесие къотIараб хIукмуялда тIасан 10 къоялда жаниб гIарза хъвазе. Гьедин лъазабуна адвокат Сергей Кобелевас. Хамиз къоялъул радал Киров шагьаралъул Ленинский диваналъ Навальныясе туснахъалъул щуго сон, бизнесчи Офицеров Петрие ункъго сон къотIун букIана. Гьел лъазарун руго «Кировлес» компаниялъул буголъи бикъараллъун.
Навальныясул рахъ кколез Москваялда Манежная майданалда бакIарулеб буго, гьез абухъе, Навальныйгун Офицеровасе къотIараб хIукму дандбазе данделъи. Социалиял сайтазда лъазабулеб буго гьединалго акциял Петербургалда ва Калининградалдаги гьаризе ругин. Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централъ лъазабуна Навальный политикияв туснахъ вугин. Россиялъул финансазул министрлъун вукIарав Алексей Кудринил пикруялда улкаялъул жамгIияб гIумруялдаса ва рищияздаса рикIкIад гьавулев вуго Навальный.
АрбагI къоялда Навальныясе гьабун букIана Москваялъул мэрасул рищиязда кандидат абун регистрация. Гьанже, активистазул рагIабазда рекъон, гьесул штаб лъугьунеб буго «байкоталъул штаблъун». Оппозиционерасул лъадиялъ лъазабуна гьес гIуцIараб «Коррупциялде данде къеркьеялъул фонд» цебегогIадин хIалтIизе бугин.