Мисралда реххарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва гьесде данде ругезда гьоркьоб букIараб тунка-гIусиялда хун вуго анкьго чи. Улкаялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул тIадегIанав вакилас лъазабухъе, итни къоялъул къаси байбихьараб гьеб тунка-гIусиялда лъукъун вуго 260-ялдаса цIикIкIун чи. Гьесулго рагIабазда рекъон, гьеб тунка-гIуси Каиралда ва цоги шагьаразда талат къоялъул радалги халат бахъунеб букIана. ГIадлу-биххиял байбихьиялъул гIайибги гIунтIизабун полициялъ ккун вуго 400-ялдаса цIикIкIун чи. «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялдаса аза-азар чияс тIалаб гьабулеб буго Мурси жиндирго хъулухъалде тIадвуссинави. ЧIахIиял протесталъул акцияздаса хадуб гьев хъулухъалдаса реххун вукIана 3 июлалда.