Ссылки для упрощенного доступа

Нальчикалда чΙван вуго лъабго чи


Рузман къоялда Нальчикалъул рагΙаллъиялда Жанисел ишазул министерлъиялъул къуватаз чΙван вуго сепаратистал рукΙиналъул щаклъи бугев лъабго чи. Гьедин лъазабулеб буго Миллияб антитеррористияб централъ.

Гьелда цебе радал Гъабардагун Балкариялда тунка-гΙуси ккун букΙана полициялдаги яргъид гΙураздаги гьоркьоб. Шагьаралда лъазабун букΙана контртеррористияб режим. Жив щивали лъаларев чияс радал сагΙат анлъгоялда полициялде ахΙун, лъазабун буго жинда жидехъ ярагъ бугев лъабго чи вихьанин. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Гъабардагун Балкариялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул штабалъ
XS
SM
MD
LG