Мисралъул премьер-министр Гьазем аль-Беблавица байбихьун буго цIияб хIукумат гIуцIизе. АрбагI къоялда гьес кIалъа-ралъаял гьарулел рукIана либералиял политикиял партиязул лидералгун.
Беблавида гьединго ракIалда буго реххарав президент МухIамад Мурсил рахъ кколеб «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялдаса вакилзабазеги хIукуматалда чанго бакI кьезе. Амма исламистаз лъазабуна цIияб хIукуматалде жал лъугьине гьечIин.
Улкаялъул президентасул ишал тIуразарулев Адли Мансурица финансазул министрлъун вукIарав Беблави талат къоялда тун вукIана премьер-министрлъун. Ракълил рахъалъ Нобелил премиялъул лауреат МухIамад эль-Барадей тун вукIана къватIисел ишазда сверун вице-президентлъун.