«Дунялалъул коррупциялъул барометр – 2013» абураб цΙияб доклад бахъана Transparency International абураб халкъазда гьоркьосеб гΙуцΙиялъ.
ЦΙех-рех гьабулеб мехалда гьикъа-бакъун буго 107 улкаялъул 114 азарго чиясул. Гьезул бащалъиялдаса цΙикΙкΙараб къадаралъ рикΙкΙунеб буго гьезул улкабазда ахирисеб кΙиго соналда жаниб коррупциялъул даража тΙаде анин.
Респондентазул ункъго бутΙаялдаса цоялъ лъазабуна, ахирисеб соналда жаниб жидеца ришват кьунин. Аслияб къагΙидаялда гьел кколел руго Афгъанистаналъул, Киргизстаналъул, Казахстаналъул, Украиналъул, ГΙиракъалъул ва Сербиялъул гражданал.
Грециялда, Россиялда ва Украиналда гьикъа-бакъаразул 80 проценталъ рикΙкΙунеб буго, гьезул хΙукуматазул хΙалтΙиялъе нух бихьизабулеб бугин жидерго хасал интерсал ругел къокъабазин.