Ссылки для упрощенного доступа

ЧΙвана "Новое дело" газеталъул журналист


Талат къоялъ радал МахΙачхъалаялда чΙван вуго «Новое дело» газеталъул журналист АхΙмаднабиев АхΙмаднаби. Гьесул автомобилалде кьвагьдун руго жал щалали лъаларел чагΙи. Журналист хун вуго бакΙалдаго.

Низам цΙунулел идарабазул лъазабиязда рекъон, гьелда цебе цо нухалъги хΙалбихьун букΙун буго гьев чΙвазе. 11 январалда кьвагьдун рукΙун руго гьесул машинаялде. Доб мехалъ журналистасе зарал ккун гьечΙо.

АхΙмаднабиев чΙваялъул багьанабазул версиязда гъорлъан низам цΙунулез приоритетияблъун рикΙкΙунеб буго гьесул профессияоналияб хΙаракатчилъи.
XS
SM
MD
LG