Пакистаналъул Хайбер-Пахтунхва абулеб вилаяталда бугеб балагьутIа-бакIалде гьужум гьабуна жидеда «бакIалъулаб полиция» ан абулел рагъухъабаз. Гьезул анлъгояв чIван вуго, жеги 10 чи лъукъана.
Шималияб Вазиристаналда воржарухъан гьечIев кIиго боржароялдаса гьабура гьавадул кьабиялъул хIасилалда 17 тIалиб чIван вуго.
Гьеб хIужа дурус гьабулеб буго ТIалибан багъа-бачариялъги хIинкъи гьечIолъи цIунулезги.
БакIалъулал тIадтаразул баяналда рекъон гIемерал гIадамал лъукъун руго. Пакистаналъул цIияв премьер-министр Наваз Шарифица Цолъарал Штатаздаса тIалаб гьабулеб буго гьадинал гьавадул кьабиял кватIичIого гьоркьоса къотIеян абун.