АрбагI къоялъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабуна ГIелмабазул Академиялъул реформа гьабиялъул суал.
Россиялъул комунист партиялъул бетIер Геннадий Зюгановас лъазабуна нагагьлъун Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул реформа гьабиялъул суал кIиабилеб цIалиялда рузман къоялъ къабул гьабуни, Пачалихъияб Думаялъул коммунистазул фракциялъул депутатаз парламент тезехъин бугин ихдалил сессия лъугIизегIан.
ГIадатияб къагIидаялда кIиабилеб цIалиялда къануналъул проект къабул гьабуни, кватIичIого лъабабилеб цIалиялдаги гьеб къабул гьабун, къуваталде лъугьула.
Улка сверун Россиялъул гIалимзабаз протесталъул акциял тIоритIулел руго. Гьезул хIисабалда рехсараб реформаялъ Россиялъул фундаменталияб гIелму тIагIинабизе буго.