Гьел кколила хIукуматалъул нухмалъулев хисулев чиясул хъулухъалдаса байбихьун муниципалиял гIуцIабазул, предприятиязул нухмалъиялда тезе рес бугел гIадамал. Гьединал чагIаз гIарзаби кьолел телефоналги рихьизарун руго.
Гьеб мурадалда республикаялъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго конкурс. Гьенир тIаса рищизе рагIула гIадатияб гуреб куцалда пикру гьабизе бажарулел, гьединго иш бачине бергьараб махщел-гьунар бугел ва хIалбихьи бечедал гIадамал. Гьелъ асар гьабурал дагъистанияз байбихьун буго фейсбукалдасан гьеб суал гьоркьоб лъезе.
Масала, гьенир данднчIвалел пикраби гIемерисел гьадинал руго:
«Кидаго лъазабула гьез гьеб конкурс гьабулеб бугилан. Щайин абуни законалда рекъон гьединаб конкурс букIине ккола.
Амма гьелъул хIасил кколаро. Масала, дица гьенибе гIарза кьун букIана Дагъистаналъул нухмалъиялда МухIамадгIали, МухIу вугеб мехалда. Гьединго МухIамадсалам вачIиндалги кьун букIана дица гIарза. Дир цIар гьеб сияхIалда цебесеб бакIалдагицин букIана.
Амма щибаб нухалда дие багьанаби ратана доз. Цин абуна дур лъай данде кколарин, цинги батIияб жоялда дагIба бана».
«Щибаб соналъ гьенир комиссиялда цого чагIи рукIуна. Цого тIалабалги рукIуна. БатIияб хиса-баси щибниги гьечIо.
Нагагь цониги чиясе хъулухъ кьунигицин, гьеб букIине бегьула цIакъго гьитIинаб хъулухъ, амма тIадегIанал хъулухъал кьоларо доз гьеб конкурсалда бергьарал гIадамазе».
Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан Разият НурмухIамадовалъ рикIкIунеб буго гьел сияхIазулъги конкурсазулъги гурин иш бугеб (гьел санайилго гьарулин), амма иш бугин гьел конкурсазда къимат кьезе тарал чагIазулъ.
Разият НурмухIамадова: «Гьединал конкурсал цереги гьарулел рукIана – Дагъистаналъул нухмалъиялда МухIу ГIалиев, МухIамадсалам МухIамадов рукIагоги. Амма резерв гIуцIун хадуб суал бачIуна сундуе гIолодай гьеб конкурс гьабун букIанаян.
Гьенир гIахьаллъулел гIадамазе къимат кьолел чагIи щал абунги бачIунеб буго. Комиссиялда цого чагIи рукIуна кидаго.
Дир хIисабалда, гьеб конкурсалде гIадамал рищулеб комиссиялда тарал чагIаз цере риччаларо жидедасаго цIикIкIараб лъай бугел гIадамал. Ялъуни гьезие къваригIун рукIунаро гьенир – хъулухъазда – лъай бугел чагIи».
Разият НурмухIамадовалъ чанцIулго хIалбихьун буго гьел конкурсазда гIахьаллъун резервалде жиндирго цIар ккезабизе. Амма щибаб нухалда битI ккун гьечIо гьелъие.
Гьединлъидал гьелъулги церехун рехсарал блоггеразулги пикруялда рекъон, Дагъистаналъул нухмалъиялда тIадегIанал хъулухъал щвезе рес буго гIицIго бечедла эбел-инсулги лъай-хъваял гIемерал тухум-кьибилаздасаги чагIазул лъималазе