Ссылки для упрощенного доступа

Британиялъул премьер Кэмерон щвана Афгъанистаналде


Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмерон цебеккун лъазабичIеб сапаргун щвана Афгъанистаналде. Гьев ине вуго улкаялъул Гильмент провинциялда бугеб британиялъул контингеталъул рагъулаб шагьаралде. Гьенир руго Британиялъул 8000-гIан солдат. Гильмент провинциялъул губернаторгун дандчIван хадуб гьев щвезе вуго Кабулалдеги.
Афгъанистаналдаса Британиялъул аскарал нахъе рачине ккола гьаб сон лъугIилалде, Афгъанистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул жавабчилъи улкаялъул нухмалъиялъухъеги кьун НАТОялъ рагъулал аскарал нахъе рачунеб гIаммат стратегиялъул гIурхъабалъ.
XS
SM
MD
LG