Ссылки для упрощенного доступа

Ходорковскиясул рахъ ккураб акциялъул гIахьалчагIи полициялдаса нахъе риччан руго.


АрбагI къоялда Москва бакьулъ Михаил Ходорковскиясул рахъ ккураб акциялда гIахьаллъулаго ккун вукIаравщинав чи полициялдаса нахъе виччан вуго. Гьезул цIикIкIунисезда тIад гьарун руго гIемерав чи гIахьаллъарал тадбирал гIуцIиялъул низам хвезабунин абун протоколал. Гьедин лъазабуна «Эхо Москвы» радиоялъе ккун вукIаразул цояв Александр Рыклиница.
XS
SM
MD
LG