Ссылки для упрощенного доступа

Пакистаналда гьужумал


Пакистаналъул Карачи шагьаралда, 26Июн2013
Пакистаналъул Карачи шагьаралда, 26Июн2013
Пакистаналъул Карачи шагьаралда арбагI къоялда тIадегIанав диванчиясул автомашина унеб нухда бомба кьвагьизабидал хун вуго 7 чи.
Живго диванчи Макбул Бакир захIматго лъукъун вуго. Кьвагьи гьабун буго гьев хIалтIуде унеб мехалда. Бомба букIун буго гьесул автомашина аскIосан араб мотоциклалда тIад щула гьабун. Лъукъунги вуго жеги 9 чи.
Пакистаналъул Хайбер-Пахтунхва провинциялда гьебго заманаялда чIван вуго бакIалъул тухумазул цоялъул лидер. Гьединго хун руго гьесул васги яц-вацазул лъимерги. Гьел рекIараб автомашина ккун буго рикIкIадасан кьвагьизабулеб бомбаялде тIаде. Гьелъул жавабчилъи тIалибаз тIаде босун буго.
XS
SM
MD
LG