Ссылки для упрощенного доступа

Джон Керрица Россиягун Китай ахIулел руго Сноудение Америкалде экстрадициялъе квал-квал гьабунгутlизе


Америкаялъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна Россиялъе ва Китаялъе лъикIаб букIине гьечIин ЦРУялъул вукIарав хIалтIухъан Эдвард Сноудение Цолъарал Штатазде экстрадиция гьабизе квал-квал гьабуниян. Делиялда журналистазда цеве кIалъалаго Керрица Москва ахIана халкъаздагьоркьосел къанунал цIунизе. Гьес гьединго ракIалде щвезабуна ахирисеб кIиго соналда жаниб Америкаялъ Россиялъухъе анкьго туснахъ нахъе кьураблъиги.
Эдвард Сноуден вуго москваялъул Шереметьево аэропорталда транзиталъул зонаялда. Гьедин лъазабуна ИТАР-ТАССалъе аэропорталъул хIинкъигьечIолъи чIезабулеб хъулухъалъул вакилас.

Россиялда вугев Эквадоралъул вакил гьатIан къоялда дандчIван вукIана Сноуденгун. Гьелда бан, гIемерисел журналистаз хIукму гьабун буго Сноуденица Эквадоралда лъутизе бакIал гьарулеб бугин.
Эквадоралъул къватIисел ишазул министр Рикардо Патиноца лъазабуна итни къоялда гьесул хIукуматалъ «анализ гьабулеб бугин» политикияб вахчизе бакI къваригIарав Сноуденил гьариялъулин.
XS
SM
MD
LG