Нельсон Манделал чорхол хIал квешлъун буго. Гьедин лъазабуна гьатIан къоялда Жанубияб Африкаялъул хIукуматалъ 94 сон барав Манделал тохтурзабазда мугъчIвайги гьабулаго.
Улкаялъул президент Джейкоб Зума щвана Преториялда бугеб азарахнаялде Манделахъе ва ракьцоял ахIана гьесие дугIа гьабизе.
Жанубияб Африкаялъул вукIарав президент, ракълил рахъалъ Нобелил премиялъе мустахIинлъарав Нельсон Мандела ахирал моцIазда гIемер унтулев вуго.
Аппартеидгун къеркьеялъе тIолабго гIумруялда барахщинчIев гьев 1994 соналда вахъун вукIана Жанубияб Африкаялъул тIоцевесев тIоб чIегIерав президентлъун.