Щуго турист ва цо бакΙалъулав чи хун вуго Пакистаналда Гилгит-Балтистан провинциялда альпинистазул мархьиялде яргъид гΙуцΙарал тΙадекΙанцΙиялъул хΙасилалда. Хварал цояв рагΙула Украиналдаса, цогидав - Литваялдаса ва лъабго китаялъулав. Хун вуго гьединго гьезие кумек гьабула вукΙарав Пакистанлъул гражданавги.
Цебе лъазабулеб букΙана гьезда гъорлъ россиялъулавги вугин, амма гьеб информация нахъ чΙвана Би-Би-Си агентлъиялъ. ТΙоцебе гьеб тΙадекΙанцΙиялъул жавабчилъи жиндего босана «Джундулагь» абураб суннитазул къокъаялъ. Хадуб пакистаналъул талибаз лъазабуна, гьеб кколин жидер лидеразул цояв Вали-ур-РехΙман чΙваялъухъ босараб къисасин.