Ссылки для упрощенного доступа

Рохьилалги, репрессиязул къурбаналги, рищиялги


Политологиялъул доктор ГIабдулнасир Дибировас рикIкIунеб буго «Федерация» абун цIар кьураб Россиялда федерализм гьечIилан.
Политологиялъул доктор ГIабдулнасир Дибировас рикIкIунеб буго «Федерация» абун цIар кьураб Россиялда федерализм гьечIилан.

Пачалихъалда данде рагъулел изну гьечIого яргъид гIуцIаразул 20 чи рохьоса ракълилаб гIумруялде вачанин Дагъистаналъул цIияб нухмалъиялъилан абуна республикаялъул президентасул ишал тIуразарулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

Дагъистаналъул президентасда цебе гIуцIун буго Ракълил ва маслигIаталъул комиссия. Июналъул авалалда гьеб идараялъул тIоцебесеб данделъи тIобитIана. Рохьилал ярагъ гIодоб лъезе ахIиялъул ва терроризмалъе ругел шартIал лъугIизариялъул гуребги, цоги гIемерал хIалуцарал жамгIиял суалазулги халгьабулеб буго гьеб комиссиялъ.

ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон, гьеб гIуцIиялъ гьоркьор лъезе руго ракьул, административиялгун бакIалъулал, халкъазда ва диназда хурхарал суалал, гьединго ГIавухъ мухъ цIигьабиялъул ва ЦIияблак мухъалдаса Каспиралъдал рагIалде тумал гочинариялъул масъалаби.

Гьел кIвар цIикIкIарал ишал тIадкъараб идараялъул хIалтIи кинаб букIине кколебилан абураб суалалъе жаваб кьолаго, Дагъистаналъул экономикаялъул ва политикаялъул институталъул ректор, политикиял гIелмабазул доктор ГIабдулнасир Дибировас Эркенлъи радиоялъе гьадинаб баян кьуна:

ГIабдулнасир Дибиров: "Дагъистаналъе хIажат буго жамгIияб маслигIаталъул къотIи-къай хъвазе. Щиб жо кколеб гьеб? Квешаб ахIвал-хIал бугони, гьеб къварилъиялдаса рорчIизегIан цоцалъ къеркьолел чагIаз къотIи гьабула цо хасал низамазе, хьвада-чIвадиялъе мутIигIлъизе.

Мисалалъе босизин Франкодаса хадусеб Испания.1978 соналда къирал Хуан Карлосил бетIерлъиялда гъоркь гьениб хъвана Мунклуал пакт.

ЖамгIияб маслигIаталъул гьединалго къотIаби къабул гьаруна 1989 соналъул «тIогьолал» инкъилабаздаса хадур социалистиял улкабазда гъорлъ рукIарал Европаялъул пачалихъаздаги: Польшаялда, Чехословакиялда, ва гь.ц.

Гьел къотIабазда хъварал пунктал гIадахъ росичIел чагIазе тамихI гьабизе ихтиярги кьун букIана.

Дир пикруялда, гьанже Дагъистаналъеги хIажат буго гьединаб жамгIияб маслигIаталъул къотIи. Щайгурелъул, къуват цIикIкIарал къокъаби цоцаз гъуриялъ республика лъикIалде бачине гьечIо. ГIабдулатIиповас гIуцIараб цIияб комиссиялъ гьеб дица рехсараб хIалтIи тIаде босулеб буго, босизеги ккола.

Гьеб идараялъ лъазаризе ккола кьалда ругел къокъаби, цо столалда нахъа гIодорги чIезарун, гьел цо пикруялде ахIизе ккола хIалкIванагIан цIикIкIун суалазулъ. Гьединал къуватал ккола рохьилалги, суфиялги, политикиял дандиялги, ва гь.ц. гьел рекъезаризе ккола.

БатIияб нух гIицIго инкъилаб буго. Жоресица абухъе, инкъилаб ккола цебетIеялъул гIалхулаб, варваразулаб нух. Гьеб къагIида нилъее къваригIун гьечIо. Гьединлъидал гьеб комиссия гIуцIи ккола битIараб нухде тIамураб гали.
ХIалгьабун халкъал гочинари кIудияб балагь букIана.

Гьединлъидал гьеб лъугьа-бахъиналъе квешаб къимат кьезе ккола. Амма Сталинил заманалда биччараб гьеб гъалатI 1990-абилел соназул авалалда Россиялъул тIалъиялъ жеги бигъинабуна, «Репрессия гьабурал халкъал ритIухъ гьариялъул» къанунги къабул гьабун.

Гьеб къанун билълъанхъизабизе я политикияб, я гIарцул сурсат букIинчIо Россиялъул. Гьеб киналъулго хIасилалда багъарана ингушазулгун гьириязул рагъ.

Шималияб Кавказалда киданиги букIинчIеб миллатазда гьоркьосеб рагъ бижизабуна Кремлялъ. Советияб тIалъиялъул ирс гьанжесеб тIалъиялъ тIадеги хIабургъинабуна. Гьединабго гIунараб кьал буго ГIавухъ мухъ цIигьабиялда сверухъги".

Дибировас рикIкIунеб буго «Федерация» абун цIар кьураб Россиялда федерализм гьечIилан, Америкаялъул цолъарал штатазда бугин унго-унгояб федерализм, гьенир штатазул ихтиярал цIикIкIарал ругин Россиялъул республикабазул ругездаса.

Россиялъул регионазул бутIрул кинаб куцалда тIалъуде рачIине кколелилан абураб суалалъе кIиго нух бугилан жаваб гьабуна Дибировас: парламенталъ рищун яги тIолгохалкъалъул рищияздаса хадур.

ГIабдулнасир Дибиров: "Гьеб кIиябго нух демократияб ккола. Дунялалъул хIалбихьи гьадинаб буго. Президентасулал республикабазда ва федералиял улкабазда тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIула. Парламентлъиялъул республикабазда ва унитариял пачалихъазда тIадчагIи парламентаз тола.

Германия федеративияб пачалихъ букIаниги, бакIалъулаб хIукуматалъул премьер гьенив тола рищиязда бергьараб партиялъул чи. Масала, Бавариялда халкъиял рищиязда бищула бакIалъулаб парламент.

Гьениб чIел босараб партиялъ гIуцIула бакIалъулаб хIукуматги.

Америкаялъул цолъарал штатазда губернатор халкъалъ вищула. Туркиялда регионазул нухмалъулел тIамула пачалихъалъул жанисел ишазул министрас".

Дибировасул пикруялда, Дагъистаналъул президент республикаялъул парламенталъ вищизе бегьула, гьелъ гIадамазул ихтияралги хвезарулел рагIуларо.

Жакъа республика гъорлъ тIерхьарал гIузрабазе ругел гIиллабазда гьоркьор Дибировас рехсана гIолилазулгун хIалтIи гьабулеб гьечIолъи.

ГIолохъабазул къадар кIудияб бокьараб пачалихъалда жамгIияб хIинкъи цIикIкIараб букIунилан бицана гьес. Россиялъул тIалъиялъин абуни Кавказалдаса гIолилазе нухал къалел ругила: аскаразда хъулухъ гьабизе гьукъун, хIалтIизе бакIал чIезаричIого, миллатчилъи тIибитIизе биччан.
XS
SM
MD
LG