Ссылки для упрощенного доступа

Ричун росулел лъимал


Шималияб Кавказалда гIемер дандчIвалел руго гIисинлъимал ричун росиялъул хIужаби. Гьединаб чанго хIужа тIатинабун буго ахирал моцIаз къуваталъул идарабаз. Щай гьединаб къабихIаб пиша ахираб заманалда тIибитIун бугеб, сунца тIамулел гIадамал жидерго лъимал ричизе ялъуни реххун тезе?

Ахираб чанго моцIалда жаниб тIатун буго гIисинлъимал ричун росиялъул чанго хIужа Дагъистаналда. 7 июналда ккун йиго Гъизляр шагьаралда жиндирго лъимер 300 азарго гъуршиде бичулей 36 сон барай чIужугIадан.

ЦIех-рехалъул комитеталъ лъазабухъе, чIужугIаданалъ цебеккунго къотIи-къайги гьабун лъимер бичун буго бакIалъуласе. Гьей ккуна лъимерги гьесухъе кьун гIарац босулеб лахIзаталъ.

Гьелдаго релълъараб лъугьа-бахъин ккана 8 маялда Гъизилюрт шагьаралда. ЛъагIелгун бащдаб заман бараб лъимер бичулеб букIун буго эбелалъ кIиго чIужугIаданалъе.

15 апрелалда Чачан республикаялъул Грозный шагьаралда ккуна 250 азарго гъуршиде лъимер бичулей чIужугIадан. 29 марталда Владикавказалда ккуна республикаялъул клиникияб больницаялъул тохтур.

Жиндаса эбелалъ инкар гьабураб лъимер гьелъ бичулеб букIун буго 500 азарго гъуршиде. Хадуб цIех-рехалъул идарабазда тIатун буго гьей тохтур ва гьединго Хасавюрталдасагун Грозниялдаса жеги кIиго чIужугIаданги цадахъ рекъон хIалтIулел рукIин.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталъул вакил Темирбеков Расулица гьединал хIужабазда хурхун Эркенлъи радиоялъе гьадинаб баян кьуна:

Темирбеков Расул: «Лъимал ричун росиялъул хIужаби дандчIвалел руго. Араб соналъ букIана Хасавюрталда гьабураб лъимер Чачаналде бичиялъул хIужа. ГIемерлъулел ругищ гьединал хIужаби абизе захIмат буго, щайгурелъул жеги цудунго буго гьелъул анализ гьабизе. Араб соналъ мухIканаб лъабго гьединаб хIужа тIатинабун букIана.

ГIемерисеб мехалъ ричулел лъимал рукIуна жидедаса эбелалъ инкар гьабурал лъимал. Нижеда тIатарал гьединал рукIана. Гьанже исана Гъизляралда ккурай чIужугIаданалъ лъимер бичулеб букIун буго ригьнада гьечIого гьабураб букIун. Щайгурелъул гьелда цIехезе буго лъимер кисаян, жаваб кьезе ккезе буго гьелъ.
Гьединлъидал, хIинкъун лъимер бичулеб букIун буго, гьелда тIаде, гIарацги щвезе бокьун букIун бугоха. Хасавюрталда лъимер бичулаго ккурай гIаданалъ кьурал баяназда рекъон, лъимер букIун буго захIматго унтараб, ва гьеб сах гьабизе гIураб гIарац ялъуни цоги ресал рукIун гьечIо. Амма кин бугониги, лъимер бичи кIудияб такъсир ккола ва гьединазе кьварараб тамихI гьабизе буго».

Ахираб заманалда гIемерлъулел руго эбел-инсуца рехун тарал лъималги. Дагъистаналъул социалияб церетIеялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, республикаялда руго I0 азарго бесдалал.

Гьезда жаниса 600 руго лъималазул рокъор. Дандекквеялъе, 2007 соналъ лъималазул рокъор рукIана 458 чи.

Щай Кавказалда гьедигIан къабихIаб пиша цебетIолеб бугеб абураб суал кьуна нижеца чанго чиязе. МахIачхъалаялъул лъималазул рукъалъул нухмалъулей ГIабдурашидова ПатIиматил пикруялда рекъон, ричун росулел руго гIемерисеб мехалъ эбелалъ рехун тарал, ялъуни хадурккун рехун тезе ругел лъимал.

Рехун теялъе гIиллаби руго чанго батIиял. ТIоцебесеб бакIалда тохтуралъ лъолеб буго эбел-инсул ресукълъи. Хьихьизе кIоларел лъимал реххун течIого рес гьечIо гьезул.

КIиабилеб гIилла буго ригьнада гьечIого гьарурал лъимал. Гьел рахчизе кколел руго гIадамаздаса, гьединлъидал ялъуни ричулел руго, ялъуни лъималазул рокъоре кьолел руго.

Рехсана ГIабдурашидовалъ цоги хIужаги. Гьелъул пикруялда рекъон, ахираб заманалда гIемерлъулел руго кIиго-лъабго чIужу ячунел гIадамал. Гьел ригьнал рукIуна гIемерисеб мехалъ балъгоял. Гьеле гьединал ригьиназдаса гьарурал лъималги реххун тола цо-цо мехалъ. Кинабго балъго гьабизе кколеб букIун.

Щай гIадамаз такъсиралдеги ун гьел лъимал ричун росулел, официалияб къагIидаялъ лъималазул рокъоса рачичIого абураб суалалъе жаваб кьолеб буго Хасавюрталдаса лъимал гьечIев Изиев АхIмадица.

Гьес бицухъе, лъималазул рукъалъ ва цоги официалиял идарабаз тIалаб гьарулел руго цIакъго гIемерал документал. Гьел ракIариялдаса гIарац кьолеб къагIидаго бигьаго бихьулеб буго гIадамазда.

Гьеб гуребги, гьитIинал лъимал ричун росулел руго гьел лъимал жидер гуреллъи лъазе бокьичIел гIадамал. Ай, жидеда лъимал гьарун бажарунгутIи балъго гьабизе бокьарал хъизамаз.

Гьеб бахчун тезе бокьарал гIадамал ругебгIан мехалъ гьединал такъсирал камизе гьечIоян рикIкIунеб буго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим Нугъаев МухIамадица.

Гьес бицана рехсараб проблема цохIо Кавказалъе хасиятаб проблема гурин, гьеб бугин тIолабго дунаялалда бугеб проблема. Амма Кавказалда кидаго тIоцебесеб бакIалда лъолаан хъизан, гьабсагIат кинабго хисун буго.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG