Кколищ Азербажаналъул тIоцеесей бика Мегьрибан ГIалиева улкаялъул президентлъиялде кандидатлъун? Цо-цо тохалчагIаз гьелъул политикиял икъбалал хIисабалде росун, абулеб буго гьадинал ресал ругин. Мегьрибан ГIалиевалъул гIумрудул тарих рихьизарулел руго гьал гъоркьехун ругел суратаз.
Азербажаналъул бика Мегьрибан ГIалиева

1
Мегьрибан ГIалиева жиндирго эбел машрикъ лъазабулей гIалимчIужу тарихиял гIелмабазул доктор Аида-ханымгун цадахъ.

2
Мегьрибан (кваранса), гьелъул яц Наргиз, гъозул эмен ГIариф Пашаев ва эбел Аида-ханым. ГIариф Пашаев ккола Азербажаналъул авиационияб Академиялъул доктор, Наргизица бетIерлъи гьабулеб буго Бакуялда бугеб Москваялъул Пачалихъияб Университеталъул филиалалъе.

3
ИльхIам ГIалиев ва Мегьрибан ригьин гьабилалда цебе. 1983 соналъул Апрель моцI.

4
Азербажаналъул президент ХIайдар ГIалиев (бакьулъ) жиндирго хъизамгун. КвегIса кваранде: яс Севиль, лъади Зарифа, лъимадул лъимер, вас ИльхIам ва доб мехалъ бахIарайлъун йикIарай Мегьрибан.

5
КвегIса кваранде: Арзу, ИльхIам, ХIайдар ГIалиев, Лайла ва Мегьрибан.

6
Мегьрибан ГIалиева ва Россиялъул президент Владимир Путинил лъади Людмила. Баку, 2003 соналъул сентябрь моцI.

7
ИльхIам ва Мегьрибан Бакуялда новруз-байрам кIодо гьабулеб къоялъ.

8
Мегьрибан ГIалиева Москваялъул Медицинияб Академиялъул хIурматияй профессоралъул цIаралъе мустахIикълъараб къоялъ.

9
Мегьрибан (бакьулъ) жиндирго ясал Арзугун ва Лайлагун «Наргис» абулеб журналалъул презентациялда. 2013 соналъул январь.

10
ТIоцеесей бика хIисабалда Мегьрибан ГIалиевалъ квер-бакъи гьабулеб буго батIи-батIиял рахIму-цIобалъул гIуцIабазе.
ТIоцеесей бика хIисабалда Мегьрибан ГIалиевалъ квер-бакъи гьабулеб буго батIи-батIиял рахIму-цIобалъул гIуцIабазе.

11
ИльхIам ГIаливас абулеб буго Мегьрибан йигин Азербажаналда бищун берцинай чIужу-гIаданилан.

12
«ЧIужу-гIадан чIужу-гIаданлъун хутIулей йиго хIатта гьей президентасул лъадицин йигониги, гьуинлъи, рокьи ва паракъалъи цIунула гьелъ хъизамалда», гьадин абулеб буго ИльхIам ГIалиевас.