Ссылки для упрощенного доступа

Фюле: демонстрантазде данде зулмуялъе бакIал гьечIо демократияда


Штефан Фюле Сербиялъул къватlисел ишазул министр Иван Мркичгун, 31Maй2013
Штефан Фюле Сербиялъул къватlисел ишазул министр Иван Мркичгун, 31Maй2013
ЕвроЦолъиялъул комиссар Штефан Фюлеца Туркиялъул премьер-министр Ражаб Эрдогъанида лъазабуна демонстрантазде данде цIикIкIун къуват хIалтIизабиялъе бакIал букIунарин демократиялъул шартIаздайин.
Гьес гьедин абуна рузман къоялда Стамбулалда букIараб конференциялда.
Эрдогъаница гьениб абуна демократиялъул бокьарал тIалабазде данде ракI рагьун унин живан, амма жидее данде кколарин терроризм, зулму, вандализм ва цоги гIадамазул эркенлъабазде данде рахъинин.
Араб анкьалдаса нахъе Туркиялъул чанго шагьаралда унел рукIана аза-азар чи гIахьаллъарал акциял. Гьел разиял гьечIо, гьез абухъе, Эрдогъанил авторитарияб ва исламалде цIайи цIикIкIараб политикаялда.
XS
SM
MD
LG