Ссылки для упрощенного доступа

Путин ватlалъун вуго лъади Людмилагун

Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна жив лъади Людмилагун ватIалъун вугин. Гьел кIиялго цадахъ рачIун рукlана "Эсмеральда" абулеб балеталде. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул информалатаз. Жал къанагlат гурони цоцаздаги рихьуларин жидер лъималги кlудиял гlун ругин ва ратlалъизе хlукмуги жидеца цадахъ гьабунин абун буго журналистазде Путина Людмилаца. 1983 соналъул 28 июлалдаса нахъе гьез цадахъ бан буго 30 сон. Гьезул йиго кlиго яс.

XS
SM
MD
LG